top of page

Подарок внуку

    Мух!аммал, лъаг1риса маг1арухъе сапар.

 

        Ихдалил ц!адал байбилхьилилде,  колхозалъул буг!аги бекьун лъуг!ун, Мух!амма :

  -Шукру Аллагьасе , -ян рак!алдеги ккун,  разилъун вук!ана.

        Колхозалъул председательлъун,  ав «вищун»,  лъабго моц!цин т!убан бук!инч!о. К!иго  къоялдасан,  Лавашаб райкомалда,  бюроялъул данделъиялда,  какич!ого,  рец!- бакъцин щвезе бегьулилан,                    хьулалгун вугев,  Мух!аммада лъалаан,  колхозниказ председательлъун «вищизе» цебе, жиндир ара- тараб  г!умро,  райкомалдаги НКВД- ялдаги,  чанги нухалъ самун,  бега- бет!ун,  ч!ама- къамун бук!араблъи, большевиказул кьеразулъ данде кколев вугишали лъазе.

            Граждан рагъул заманая,  росдал г!олилалгун,  Г!ая-къакъаялда , белохъазахъазда данде вагъун «Красный партизан »,  абураб ц!ар кьун бук!ананиги,  асда лъалаан,  жив,  бусурбан г!елмуги ц!аларав,  г!алим чи вук!иналъул,  хассаб баян,  НКВДялда батулеблъиги…......

            - Метер гьакалгун,  Дегваб,  Чуниса Муртазг!алихъ сордорги бан,  колхозалъул оцазда х1ал  ккезабич!ого рач!а - ян .Колхозникалги гъутаналда тун .  Бригадирас кьолон х!адур гьабураб, колхозалъул председатель рек!унеб,  чоги хадуб ц!ан, Мух1амма рекьул раг1алда бугеб гох1да нахъа г1унт1ула.  Жив лъиданиги вихьулареблъиялда рак!  ч!ч1араб бак!алде  щвейгун. Ралъдадаса рорхун рач!унел нак!к!аздасаги вохарав , Мух!аммаца:

       - Бичасул х1ал к1веялъ, ц1ад- бакъги рекъон, Аллагьас,  хур ц1ун щвезабеги – ян, дуг1аги гьабун, къади какги бан, Избералдаса эхеде балагьун:

       - Дуе бокьахъи билъа, баркабан,- ан ,рек1араб чодаги абун, маг1арухъехун балагьун,  сапар бухьана.

      Рек1араб, чоялъг1адин гурого, пикрабаз ав,  жиндаго гьикъич1ого, г1ажаибго хехго, рахъ- рахъалде щвезе гьавулев вук1ана.

     Цо минуталъ цере, калхозалъул х1алт1абазда, жакъа къоялъул ишазда рук1арал пикраби, к1анц1ун ана  инсуца,  мутаг1иллъун,  Салт1аве щвезе гьавураб соназде вачун.

 Рак1алде шола, хадув,  гьоболасухъе Салтаве вач1арав инсул разилъи,гьалбадерил вас, Узун Х1ажияс,Мух1амма,  ц1алуйги,  цогидаб г1олилазул   гьабу - толеб жоялъиги, бажарарав вугилан бицеялдаса.

    Х1ат1азда гъоркьан, паркъун  боржун араб х1анч1ица, яги,  г1алахазул г1унк1к1азул карт1азухъ  х1ет1е ккун, чодул рилъен хисарабго, Мух1амал пикраби, хехго т1ад руссунаан ,живго вугеб бак1алде, ва заманаялде.

   Х1алуцарал соназ,  х1айван -  боц1и, гьоко-  чу, хурзаб, ракьал,   хур бегулел пуруц -  къай, киннабго,  калхозал г1уц1изе,  « жалго разиго » гъорлъи рехизе ккей. 

   « Бедняцкий Группа» - ян, ц1ар кьурал, жодор гъорлъи рехизе щибго гьеч1ел, разиго колхозалда лъугьунел рук1ана. Гьебго группаялъ гьабулаан х1укмо,  кулак гьаризеги,  тезиги. 

    Чара гьеч1олъиялъ, дагьабго ресалда ругелги, « жалго разиго » ,  гъорлъе  рехун жодор буголъиги, колхозалда лъугьунаан. Колхозалда лъугьинч1ого чара щибха бук1араб гъаримазул?  Мух1амада рак1алде шола; колхозалда лъугьине кват1арал, добго  « Бедняцкий группаялъул», х1укмоялъ,т1ад рет1араб рет1ел хут1ун, рукъзабги, ракьалги, буголъиги бахъун,  кулак гьарун рит1ей. Жакъа ккараб г1адин цебе ч1ола Мух1аммада; г1умроялъ, рак1 бац1адго, к1вах1 гьеч1ого х1алт1ун,  г1умро гьабулел рук1арал, Шамсудинги,  Г1исагурги, Багаласул Рабазанги :

-« Жудер бугеб щинаб, гьекъон,  кванан, картабазе х1ан,  т1аг1ине гьабурав,          « Базайил » колхоз х1ажат гьеч1о» - ян,  абураб раг1ухъ. Гьабун добго къукъаялъул дандалъиги:

- « Вашахъен ! » - анги , даргин мац1алъ, беднякский группаялда гъорлъ вугев Базайица ах1ун , гьел, кулак гьаризе х1укмо гьабураб къо.

      Г1исагур х1алалъ, хвассар гьавизе к1вана,х1укмо гьабулезулг1ан гуреб,  ракь гьеч1ев чи вук1ун.

Рак1,  киг1ан росулъе щвезе г1едег1ун бук1аниги, Мух1амада бич1ч1ула; асул пикрабаз г1адин хехго,  нух,  рек1араб чоялъ толареблъи.

     Дегваб, Чуниса Муртазг1алихъ  сордоги бан гуреб, эхеде нух,  жиндиеги,  чодиги зах1малъулиб,  х1исабги гьабун;  Сергохъалаялъул г1алахал,  ч1инк1илъабиги нахъе  тун, маг1арухълъиялда жанире лъугьине нартаз гьабураб кавуялда рилъараб, к1иябго рахъалъ зодир рагъулел, кваранисан риидалцин,  хер-гъвет1 къанаг1атал, г1иц1го кьораби , ракь цере лъурал, рорхатал эхеде унел,  мог1рузул сирт бугеб. Квег1исан , бакараб печалъул к1к1уй гуреб, рохьоб жаниб бугеб,  « Ванаши махьи –Хинаб лъим  » росдал рукъзабцин бихьулареб, рорхатал гъут1буз ккурал, маг1арухъехун эхетун унел,  муг1рузда  гьоркьоб ,  майданалда бугеб,  хинаб лъадал ицухъ  щвейгун, ас,  свак бихизе пикро гьабуна.

        - Аск1об бугеб росдада ц1арги, гьаб хинаб ицуда аск1об бук1иналъ лъун бателила? – Ян, рак1алде бач1ана Мух1аммал.

Цойги:

        - Г1ажаиблъи гуриш? сверухъ бер шолеб щинаб бак1алда, гъоркьсияб бакъвараб хер, аб ицул хинлъи щолебг1ан бак1алда, хасалоцин г1урччинго, ихдаде,  лъик1аланго борхалъараб херги, харилъ,  бак1 -  бак1алда рижарал т1угьдулги?

Хинаб лъимги гьекъезе гьабун, Мух1амаца :

        - Аллагьасул ал лиг1матал,  дуйе насиблъун рук1ун руго.- Янги,   абун, чу,  г1урччинаб харида кваназе бичана.

     Гьаб,  т1абиг1аталъул г1ажаиблъабаздаги балагьун,   ицул раг1алда г1одов ч1арав Мух1ама, нахъойги  пикрабаз Салт1аве, жиндирго мутаг1иллъиялъул, г1олилаб г1умроялде,  т1ад вусине гьавула.

    Рак1алде шола, живго гьит1инаб лага черхалъул вук1аниги, бах1арчияб г1амалхасияталъул  , к1удав вацлъун вук1арав, гьалбадерил вас, Узунх1ажиявги, балугълъиялде щвараб г1умроялде вахинег1ан, гьениб ц1алулаго араб г1умро. Суратлъун цебе бач1уна, гьанжеги нечадго рак1алде щолеб, лъиданиги бицинч1ого балъго хут1араб, т1оцебе  гьит1инго ккараб рокьиги,  дой йокьун йик1арай ясалъул сипатги.

         - Балъго хут1араб рокьи- ян, абураб,  жиндирго пикроялда,  Мух1аммал рак1 разилъич1о; щай гурелъул, рокьи,  г1адамаздаса балъго хут1аниги, ас жиндир х1асрат, куч1дузда загьир гьабулеб бук1иналъ…….

    Ц1али лъуг1улеб соналъ, Мух1амахъе вач1арав инсуда, ас хъварал куч1дузул т1амчал ратула.  Г1айзас,  васасул Салт1аб ц1али лъуг1аралдаса, гьев,  хурбекьиялда вуссине гьавизе пикро гьабула.

 Ц1алиги лъуг1ун, вас рокъове вачун унев Г1айзасда,  гьалбадерица абула:

         - Гьав дур васасул,  лъик1ав г1алимчи вахъуна. Воре дуца гьев г1илмо ц1ализе, т1адеги бергьарал, г1алимзабазухъе вит1е – ян,  абун  бахъегун, инсуца, къокъ гьабун кьураб жаваб рак1алде шала:

         - Г1ела,  гьав дир Мух1амаца ц1алун босараб г1илмоги,   г1алимлъиги. Куч1дул хъвазе бай бихьаралдаса, гьасул г1алимчиясдаса хехго, ч1инк1ил малла вахъуна. – Янги абун, инсуца,  гъанситоялъуб бакараб ц1адар рехун,  рух1арал куч1дул хъварал т1амчалгун цадахъ, Мух1аммал,  т1оцебе караб рокьиги, рокьигун рук1арал, хьулал-анишалги, рух1ун ана.

      Цойги, хинаб ицул лъимги гьекъон, гьанжесиб хъач1аб заманаялде, жиндирго,  г1олохъанлъиялда свердулел рук1арал, пикрабиги руссине гьарун, хинаб ицул раг1алда бижараб , г1урччинаб харида  кванан г1орц1араб, чодаги вахун, к1иябго рахъалъан зодир рагъулел, муг1рузда гьоркьосан, Дегвабихун балагьун бугеб,  к1алахъа эхеди, Мух1амаца,  сапар ц1и гьабуна.

Бакъ терхьунеб г1ужалде, ав росу бихьулеб гох1де вахана.

      Росу раг1алда бугеб, чуниса Муртазг1алил, цебе нахъги жиб щвараб, рохьида цун бугеб рукъ бихьун, чоца, жиндий х1алхьеги, г1орц1иг1ан херги щолиб, кавудехун,  гали хехлъизе гьабуна.

Инсул росулъа гьоболасдаса рохун, Муртазг1алил ясалги,  хъизанги, гьанги т1амун, хинк1ал гьаризе г1едег1ана.

      Ралъдал раг1алда ругел, калхозалъул ракьазда, анкьалъниги,  буг1а бекьизе гьабулев вук1арав,  Мух1амма, гьуриялъги, хех квач къалеб,  ихдалил,  нак1к1улаб гьава бакъалъги, квачан,  унтарав г1адин вихьун, Муртазг1алица лъадуда:

       -  Гьоболасе, даруяб гьанги, т1ат1иги белъун, чурпаги гьабе,- ян ,абуна.

     Росдал, г1агарлъиялъул, ах1вал -  х1алги гьикъун, гьанжесиб заманаялъул биценалги гьарун, хинк1ал,  гьанги кванан хадуб, гьоболаси, даруяб чурпаги бач1ине гьабуна.           

Хинк1алгун, белъараб -  бакъвараб гьанада кванан г1орц1ун,  хадуб кваналеб бук1аниги, гьаб Муртазг1алица, белъине гьабураб гьан, г1ажаибго лъик1аб, т1аг1амаб бихьун, Мух1аммаца гьикъана:

       - Я вац Муртазг1али, гьаб дуца даруялъе белъине гьабураб гьан,  сундул кколеб? -  Дица дир г1умроялъ,  гьадин т1аг1амаб гьан кванан бук1инч1о – йилан.

       - Хасало, даруялъе бук1ине, дицаго,  рохьоб ч1вараб,  цидул  гьан буго,  вац Мух1амма, шариг1аталъ рихьизе гьарурал,  шарт1алги т1орази гьарун.-  Мун расниги мунагьалдаса х1инкъич1ого кванай. – Йилан, гьимулаго,  жаваб гьабуна Муртазг1алица.

Радал,  хъах1лъи балилде ворч1арав,  Мух1аммада, черх сахлъун, свак ун т1амург1адин т1адагьлъун батула.

        - Муртазг1алил, хъизан – лъималаз,  гьумер бит1ун гьабураб гьоболлъиялъги, доб,  даруялъи белъараб цидул гьанал чурпаялъги,  батила –ян, пикро бач1ана Мух1аммадал.

Радал, Дегваса  росулъе ине,  Муртазг1алица,  нухт1а рег1улаго:

        - Воре Муртазг1али, метер духъе гьоболлъухъе, калхозалъул гьоко уцалгун, нелъерго Чунал рач1ине ругел. Дуца гъозул уцазе,доб г1олохъанаб мехалъ, Къунц1адерил оцазе гьабурад,  гьабизе гурин?- Ян, Мух1аммаца, Муртазг1алидахун махсаро гьабуна.

        - Ургъел коге Му1амма, дол Къунц1адерил росдал оцал рачиялда, дида г1айиб бук1инч1о. Дир доб юргъа чу , бахъи г1еч1ого, дир херай эбелалде хун,  дозул г1олилаз абураб,  раг1ун батилагури дуда?-  Нелъерго мадугьалихъ ругел росабазул оцал рачинч1ониги, гуржабазулги, нугъаязулги, таркаманазулги, дица,  цебе къот1унилан,  т1аг1унариб х1айван боц1и бук1ана доб мехалъ диеги дир гьодолзабазиги - ан, Мух1амай, жавабги кьун, Муртазг1алиги велъана.

       Дегваса эхеде, Г1аякъакъа, Нек1ех1дерил росабаздахун щвезег1ан, к1к1алабахъа эхеди, лъик1алан манзилалъул нух бук1иналъ батила, Мух1амал рак1алде рач1уна, Муртазг1алил, г1олилаб мехалъул,  цо-цо лъугьабахъенал;

       Мух1амада рак1алде шола, росулъ г1олилалгун, борхатаб лага черги, кидаго т1ад рекъараб, ч1ух1араб, ч1урканаб рет1елги, т1асан борчараб, г1арцул лъелги, магьиядул г1еркьги бугеб, бергьарав устарас гьабураб ханжаргун, кьурарал,лах1ту г1ан ч1ег1ерал, кьурарал михъалгун, г1олохъанав Муртазг1али вук1арав сонал. Гьес гьодолзабази сахабатго,  жиндир бугелда барахщич1ого , гьарулел рук1арал сайгъатал.

       Дол г1олохъанал соназ, асул т1ок1 ц1ар, Барка Къади бук1ана.

      Г1ахъушалив, асул лъик1ав гьодол вук1ана, чабхъеналъул цадахъчи. Гьесул, к1удияб,  хъач1го г1асияб гьведул х1акъалъулъ, сверухъ росабалъцин лъалеб бук1ана. 

      Цо къоялъ, Г1ахъушаливе гьодоласухъе щварав, Барка Къади,  кавде лъугьенгун, гьоболас цеве- цеве ун, жиндир,  кавда бухьараб,  гьве ккун буго:

            - Гьаб гьве, рахасги т1ун, дут1а т1аде реч1ч1улила- ян х1инъун вуго дун,-анги   абун. Барка Къади, гьодолас абурабги раг1ич1еб хел гьабун, гьведулги ургъел гьабич1ого, рокъове жаниве лъугьуна…..

     Квен т1ехги кванан, лъик1алан, сах1- сах1 ц1ун ч1аг1аги гьекъон, гьодоласухъа рокъове вач1ине, къут1иве вахъунев Барка Къади,  гьодолас ккун ч1ч1езе гьавуна:

            - Дица цеве-цеве ун гьве кквела, гьеб бахъун ккани,  мун гьелъ,  т1ут1ун вала –ян, Барка Къадидаги абун.

       Барка Къадил,  квеш цин бахъана. Гьес, гьодоласда абуна:

           - Биччан те,  дица дур гьеб гьве, жиндирго къуруданибе ( къуру- гьведул рукъ) к1анц1изе гьабила.  Гьеб дур гьве г1адинал тарашалдаса х1инкъун ватила дица, таркаманазул ялхъаби цере къот1улел рук1арал?! – Анги абун, Барка Къади, годоласда хъач1го к1алъала. 

      К1иявго гьодол, лъик1аланго заманаялъ даг1бадула;  жиндир гьве бецун г1ахъушалиса гьдолги, гьеб ярагъ, т1ил кодоб гьеч1ого , къуруданибе лъутизе гьабилилан, Барка Къадиги.

     Ахирги гьез гьоркьоб жо бала; гьве лъутизе гьабизе к1ванани, Барка Къадий,гьодолас жиндир хъвезе хьихьараб оц кьезе, лъутизе гьабизе к1веч1они, Барка Къадица,  оцол багьаяб г1арац кьезе.

 К1иявго гьодоласул даг1ба- рагиялда балагьун, г1емераб г1ахъушдерил росдал холкъги бук1ана,  гьезул къецалъул, х1ассил, щиб колишали бат1и- бат1ил пикрабигун:

            - Маг1арда г1ияда бугеб мехалъ, гьелъ, чанги бац1 ч1вараб,гьев къарахъанги жагъал гьавула! Воре бичаге!

            - Г1иял къавуде т1аде вач1унев вук1арав чуда рек1арав, гьелъ, чодасаги гъоркьи вахъун, ч1вазе вахъун гуриш,гьеб дуца, г1ияда хадусаги бачун, кавуялда щула гьабураб! – Бичаге!

            - Т1аде балгьухъе, гьоболаст1а гьве биччан, гьев жагъал гьанани росдадаго г1айиб щола! –Биччазе бегьуларо! – Йилан, абулел цоял.

            - Чанги гьединал гьаби рихьарав Барка Къади вуго гьев! – Биччай!

            - Гьабзазул х1ал лъаларев хъумур гурив гьев, чунан къарахъан!

            - Барка Къадигун цадахъ, дунги чанги бак1лде ккарав, гьев, дида лъик1 лъала! – Киг1ан хъач1абги гьве гьес тамах гьабула! – Биччан те! – Йилан, аг=х1долил цогидалги.

            - Гьабзазулгун махсаро лъик1аб бук1унаро! Гьел нах1сал нажасал жал руго!  -Биччаге!

            - Биччалиб батани, гьоболасда т1аса хехго бахъизе, гведа т1аде т1езе,дадал ц1ун лъимгши босизе ккола.

            - Гьоболасда т1ад реч1ч1ун,гьав лъукъилалде, гьве т1аса гъезе, т1илалгун цо-к1иго  г1олохъанчиги кавуялда жанир лъугьине ккола.- Йилан, ц1орлъигьабизе малъулел, ч1ах1иялги, дагь рук1инч1о. 

      Ч1ах1иязул пикроги г1адалъ босун, лъадал ц1урал дадалги аск1ор лъун, халатал т1илалгун, к1иго залимав г1олохъанчиги, кавуялда жанир, цо рахъалда ч1ола. Гьоболасда х1ал кколеб бугонани, гьев, хвассар гьавизе.

      Жиндир гьведа аск1ов г1ахъушалисевги уна, гьезда данде Барка Къадиги ччола.

Гьоболас рахсидаса гьве, биччайгун, гьелъул бадивеги балагьун, хенезарун жиндир халатал, кьурарал михъалгун, мугъзада нахъехун ккун квералгун, Барка къади,  г1едег1ич1ого,  бигьа гьавун, гьелда т1аде – т1аде уна. Гьев т1аде щолаго гьве,  к1ибик1улаго рач1ч1гун, жиндирго къуруданибеги ун,  бегула.

      Барка Къадица, гьвеялъулгун г1амал рекъезабияда г1ажаиблъараб Г1ахъушдерил халкъги, асул гьодолги, лъик1алан заманаялъ, хаган хут1ана.

     Гьодолас, гьоркьобжоялъи, живги, жиндир гьвеги къун бук1еналъ, зулмо х1алалъ, Барка Къадида, жиндир хъвезе хьихьараб оц, Чунибехун, хадуб ц1азе гьабуна.

     Барка Къадица, доб оцги хъун, росдал г1олилазе, лал т1амулеб гьоц1иб гьабураб данделъияда бук1араб сух1бат -  беталъ, зурма къалиялъул бакънихъ, жив кьурдулев вук1араб сон, 1912 яги 1913 батулилан рак1алде ккола Мух1аммада,щай гурелъул, асда рак1 ч1ч1ун лъалаан, Барка Къадица нугъаязул росулъ « гъалайчилъи» гьабураб сон 1916 сон бук1ин. Ас «гъалайчилъи» гьабун хадуб,  цо соналдасан, 1917 соналъ, г1урус пачаги рехун, х1укуматалда жаниб бада – гъудур, х1апу- чапур бай бихьана.   

     Барка Къадица, нугъаязул росулъ, « гъалайчилъи» гьабизе ин гьадин рак1алде щола Мух1аммада;

Барка Къади гьел соназ вук1ун ватила, 26 яги 27 сон барав чи.

Лъик1аб гъалайчиясул т1аг1елгун, жиндирго гьоко- чогун, Барка Къади, цо К1удияб , Гъапа- йин абулеб,  нугъаязул росулъ ун вуго. Вач1арав гьоболасда нугъояз гьикъула:

               - Щиб ишалъул чи, ва сапар кибехун бухьараб гьобол? –Йилан. 

    Божилъиялъи, гьезда,  жиндир  лъик1аб,  гъалай устарасул т1аг1елги бихьизе гьабун, Берка Къадица гьезда абуна:

              - Дун,  ц1ар арав гъалаялъул устар вуго. Дир сапарги, Аллагьас нух бит1ани, Гъизляр, Хъара - Нугъалдехун буго. Гьенивхун,  дун ц1акъ лъик1 лъала, дихъ  г1емераб пахьул т1аг1ел къачазе халкъги бач1уна.- Йилан.

 Асул лъик1аб гъалай устарасул т1аг1елги бихьун, бергьарав гъалай утар  вук1иялт1аги божун, нугъаяз, асда гьарула:

             - Нежер росулъги  х1алт1и гьабе- йилан.

             - Дир,  дагьамакъаб х1алт1уй г1оло ч1ч1езе заман гьеч1о. Дихъ балагьараб г1еммераб халкъги буго,- йилан. Разилъуларого, Барка Къадица, нугъаял,  г1изаг1 г1емер гьардезе гьаруна.

 Ахирги ,гьас абула:

             - Нужей гьедиг1ан х1ажат батани, дун ч1ч1ела.  Дие руссеналъе г1адан чи  гьеч1еб рукъги балагьи.  Росдал киннабго,  къач1азе кколеб  пахьул ц1араг1ги гьенибе данди гьабе.- Йилан.

     Радал хъах1лъи барабго х1алт1изе бай бихьун, инша Аллагь, дица гьеб цо,  яги к1иго къоялъ,  къач1ан лъуг1изе гьабила.

     Нугъаяз, бат1а рукъги балагьун, росдалго,  къач1азе кколеб пахьул ц1араг1  гьениб данди гьабула.

Росулъ къанаг1ат гурого вач1унарев, пахьул гъалаялъул устарасухъ, радал щварал нугъаязда, я устар, я устарасухъ къач1азе бач1араб росдалго пахьул ц1араг1, араб рахъ- мухъ лъазе к1ун гьеч1о………

 

          - Г1ахъушалисил оцни ас,  росдал г1олилазе хъола, унго, гьоко ц1ураб пахьул т1аг1елалъи, Барка Къадица, щиб гьабунадай? – Йилан, рак1алде бач1арав Мух1аммай, жиндирго пикрабаз, жавабги гьабула:

          - Къунц1адерил, росдалго уцазул рехьед, Чунадеридагицин,  лъазе теч1ого, «нухт1а лъурав», Барка Къадий, пахьул т1г1елалъул ц1ураб гьоко, « нухт1а рег1изе » зах1матаб жо йиш?           - Йилан .

          - Цо бечедав жугьут1асе бичун батила,-ян, жавабги гьабула гьелго пикрабаз.

      Щуго-анлъго кило картошкадул, калхозалъул хурзабахъа бикъун, анкьго сон  кьун жанир т1амулеб, жив , гьаб саг1ат вугеб заманги х1исаб гьабун, Мух1ммал,  пикрабаз суалал кьолел рук1ана:

          -  Росдалго  оцалги цере къот1ун унев,  Барка Къади, Къунц1адерица щай танадай?-                 Йилан. Гьелго пикребаз Мух1амма, хехго т1ад вуссине гьавула, дол

1918-1921 абилел соназде. Х1укуматалъул халкъ,  жалго жудедаго рагъулеб,щив вит1арав,  щив т1екъав лъаларел, кинав рах1му гьеч1  кинасдаса бергьунев лъалареб,  лъимал- хъизан, эбел эмен сахсаламат,  ч1вач1ого хут1ани,боц1и-  давлаялъул ургъел гьабизе рег1ич1ел, хъач1ал соназде.

          - Дол соназ,  кинназего гуронаниги, башдаб маг1арухълъиялъе, х1урматиявлъун вук1арав,азул  умумазулго гьалбадерил вас, кьварарав  Узунх1ажиясул ц1ар бахъи, гипнозлъун бук1ун батила, Къунц1адерил оцазул бет1ергьабазе.- Йилан, жиндиего жавабги гьабун, Мух1аммаца пикреби риччан толо, доб, Барка Къадилги, Къунц1адерил оцазул рохьдолги ккараб,  хъирща- к1ит1изе…

      Барка Къади, даргиналгун цадахъ, Къунц1адерил базаралде унев вук1ана. Росулъ щолаго, чуяздасаги решт1ун, гудек1аналда ч1ч1арал бихьиназе саламги кьун, базаралдехун уна, цадахъ ругел даргиналгун, гьезул мац1алъ гаргадилаго.

Барка Къадил бук1ана, ц1ак1 берцинаб юргъа чу.

          - Гьагъав, эбел…………, даргинав, бахъун чуги, балагьизе гьавизе рекъарав вуго,- йилан, абулеб раг1ана, Барка Къадида, годек1аналъул цояб рахъалда ч1арал, г1олилазул къокъаялда гъорлъияс.

          - Гьал г1олохъабаз,  чу бахъилин абурабги г1еч1ого, эбелдахун абурабгийишха дица х1елхьолеб? – Ан, рак1алде ккун, цин бахъарав, Барка Къадида, базаралде жив, щиб къуриг1елалъе вач1ун вук1арабалицин к1очон тола.

      Базаралдаго щвеч1ого, цадахъ ругел даргиназда:

          - Нух бит1ун даран лъик1аб ккаге – янги абун.  Барка Къади, Къунц1адерил росдал борхалъудаги вахун, оцазул,  рехьед кибехун бугояли балагьана….

      Мог1рол ракьанда кваналеб, оцазул рехьед, ас, къокъида Урмабехунги бачинч1ого, доб жиндир, берцинаб йюргъа чудаги рек1ун, Къунц1адерил росдал бакьулъан, бачуна.

         - Гьаб дир оц, гьаб дир оц!-  Кире гьал рачунел? – Ан, данде к1анц1арал, оцазул бет1ергьабазда:

         - Т1аг1а цереса!-  Узунх1ажиясул аскаралъул тупал,  г1арадаби хадур ц1азе рачуна! –Ян, кьварунги абун, цониги нахъе теч1ого, оцал цере къот1ана…. 

 

        Чунадерил оцазул маг1арда, Къунц1адерил оцазул рехьедги тун, Барка Къади,  росулъ вач1уна.

       Росдал,  оцазул маг1арда, даргиназ х1айванал риччан ругилан ккун, гьел гьукъизе рортарал Чунадерил г1олохъаби, Барка Къадица:

            - Лъаг1елалъ, нужер оцаз кваналеб мег1ер,  цо къоялъ диразеги бегьула.- Йиланги,  абун,  г1олохъаби  т1ад русине гьарула.

       Радалиде, Барка Къадиги, гьесул оцазул рехьедги, кирехун арабали лъач1о.

К1иго лъабго къоялдаса, Узунх1ажиясул аскаралъул къвариг1елалъе гуреб оцал рачараб лъан. Гьеб,  Чуниса Барка Къадил, иш батиялда щаклъун.. Оцал т1ад русине гьаризе рач1арал Къунц1адерица бицениг1ан, Чунив гьел оцал Барка Къадил гуреблъи лъалев чи вук1инч1о.

 К1иябго росдал,ч1ах1иял чаг1аз,  киг1ан х1аракат бахъаниги, оцал кодор щвеч1о.

- Цо г1олохъанчиясул, г1акъло гьеч1ого абураб раг1уца, росуго оцаздаса гьукъараб бихьулиш. – Ан, рак1алде бач1уна Мух1аммал.

       Муртаз Г1алил,  г1олохъанаб заманаялъул лъугьабахъеналги рак1алде рач1унаго, жиндир калхозалъул  , гьаризе ругел х1алт1абазулги, яги х1ал г1еч1ого гьарич1ого хут1аразул баян Райкомалда раччизех1адурал г1арза чаг1азулги, хъизан лъималазулги пикрабазда вугев Мух1амма, рокъобехун гали г1едег1ун босулеб чуялъ, г1емер заман барабилан ккезабич1ого,Г1ая-къакъа,  росу, бихьулеб бак1алда щвезе гьавуна.

      Цебе борхун ч1ч1араб, ралъдал квачараб гьорой,  ва нек1к1ази сангарлъун бугеб, Нек1ех1дерилги, Гая-къакъаялъулги мег1ер бихьарабго, Мух1амал пикраби, т1ад руссана доб Граждан рагъазул соназде.

      Сон- церекъад бук1араб г1адин, рак1алде бач1ана, г1умроялъ чанар ун,  туманк1 кьвагьич1ел, чунадерил г1олохъабаз, Бело хъазахъазе, нух къот1изе, гъоркь ч1ч1ей гьабун бук1араб къоги, ц1унизе бихьизе гьабураб мог1рол сиртги.

      Гъоркьа т1аде, чуяз  хадур г1арадабиги рахъархъун, рек1аразулги, лъелго ругезулги, мухъ- мухъ гьабун, г1адилалда рач1унел хъазахъазул боязул къукъаби.

      Г1ая- къакъа к1к1алга лъуг1ун, ,данде бугеб, аз гъоркь ч1ч1ей гьабураб маг1арде,  хъазахъазул боял щвейгун, сверухъ ругел муг1рул, гох1аздасан кьвагьизе бай бихьиги.

Хъазахъазда данде рагъизе рахъарал г1олилазухъ  Ханжар,ва мач1у кьабун кьвагьулел,  Шамилилго заманаялъул,  туманк1ал ругелги рук1ана рагъизе,

      Гьебго ярагъгун бук1ана Мух1аммахъги.

Рагъул иш лъалев, азул къукъаялда щивниги вук1инч1о. Кинназдасаго, дагьав саназе к1удияв вук1иналъги, г1олилазул къецазулъ, гамач1ч1 рехун, бергьуневги вук1еналъ, командирлъун Бахдунил Г1али тола.

      К1и-к1и, лъаб- лъаб цадахъ, бак1- бак1алда рахчон ругел, Чунадерил г1олилаздаса г1уц1араб къукъаялда гъорлъа, Хъанди Г1умарги,Х1абидатил Ражабги, Белоказакал т1аде гьужумалъе рач1унеб к1алахъ,г1одорег1ан  ругел кьорабазда нахъа рахчун,т1аса г1одорехун,  кьвагьулел рук1ана:

            - Ле Г1али! -  Хъазахъаз речч1араб гулла х1ат1ида щун, Г1умар лъукъана!- Йилан, Ражабица ах1арабго:

            - Гьедин батани, хъазахъаздаса лъутун Г1умарги унаро!-  Г1умар рехун тун, мунги унаро. -   т1аде,  нежедахун,  цониги хъазахъ нужеца виччалареблъиги  лъала гьанже дида!-  Йилан.

       Бахдунил Г1алица,  махсаро гьабун, данде ах1араб раг1ун, релъанхъилаго, хъазахъаздехун, тумаманк1аз кьвагьулел,  росдал г1олохъабиги, сундулго ургъел гьеч1еб, г1олохъанаб,  заманги рак1алде щун, Мух1аммал, гьанжеги гьимизе бач1ана……….

      Нек1ех1дерил мег1ер бахарабго, Мух1аммал,  чодул гали,  к1илъун г1едег1ана:

            - Х1акимзаби раччулеб алда, доба, щурт1а дворалда, жиб бухьунеб, хассаб  хинаб бокьги, бокьоб,  цогидал чуязи г1адин гуреб,  ц1ик1к1араб сах1ица балеб нихаги, рак1алде щун батила,  баркабаналда.- Йилан, пикро бач1ана Мух1аммал.

Гьелдаго хадуб г1унт1ун: 

            -  Х1укуматалъул ц1арал хисаниги, х1акимаси х1ели гурин, х1акимасул чуялдахун бугеб бербалагицин, хассаб, х1елараб хисич1ого хут1и.

       Цойги, кида -  къадги, жив х1алт1удаса вахъун, жиндий х1елулел, цогидав, алда рек1унисе х1елизе руссина, - х1аким ваччулеб аб айгъиралъул даража хисуларо. – Йилан, рук1еде бач1араб пикроги х1исаб гьабун:

           - Дуе бокьахъи билъа! Бет1ерч1ахъад! Анги, абун, Мух1аммаца айгъир, Чунибехун униб нухабе буссине тола.    

 

 Х1ажимурад! Гьаб хабар, дуе сайигъаталъе, хъвана к1удав инсуца 2011 соналлъ. 

Уважаемые читатели, Вы можете оставить свои отзывы и комментарии.

© 2014 Мусалаев Хасбула. 

bottom of page